Баракатаб моц1

Аллагьасул моц1ин ц1ар жинда бугеб,
Рамадан моц1алъул бицен гьабизин.
Рак1ал ц1и гьарулеб,рах1мат гьарзаяб,
Гьоболлъухъ бач1анин бусурбабазе.

Ралел таравих1ал,жамаг1ат какал,
Нухлулазе кьолеб ифтар,садакъа,
Сонал рахъанаг1ан ц1ик1к1унеб буго,
Лъик1 щвараб,Рамадан,баракатаб моц1!

Рарал нужер какал камил гьареги,
Гьабураб садакъа къабул гьабеги.
Рахъарал сах1алги Аллагьас нужер,
Алжаналде унеб нухлъун гьареги.

Гьабураб дуг1аги даража ц1ик1к1ун,
Бичас азариде бахинабеги.
Бач1унеб соналъги жеги къуват кьун,
Гьареги нилъ данде,диналъул вацал!


Рецензии