Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор

Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор,
Кьог1аб г1амал бугел,г1акълу мукъсанал.
Г1адамал ц1алк1улел,ц1ар-рецц бокьулел,
Бикъараб кваналел,какде унарел.?

Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор,
Гьабураб къот1уе хилиплъи кколел.
Кумек х1ажатасе кверго кьоларел,
Квешлъиялъе нухал гьарза ратулел.?

Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор,
Гьобол валъаргъулел,рагъ-кьал хириял.
Хурзал чияр ккурал,чамг1аллъи т1ок1ал,
Чияде рогьо бан бет1ербахъулел.?

Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор,
Намус-ях лъуг1арал,г1аданлъи гьеч1ел.
Ч1ух1иялъул къуват ирсалъе бикьун,
Ислам балъаргъулел,иман заг1ипал?

Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор,
Мац1ихъанлъиялъул ц1ар жидее щварал.
Жаниса турарал,т1аса кунч1арал,
Куфруялъе нигат даимго ккурал?

Киналъего жаваб кьолеб къояца,
Къуркьизе хиял лъун хвасарлъи гьеч1о.
Гьабурабщиналъухъ –щивасе ужра,
Г1амалалда борцун бук1ине буго.

1985 сон


Рецензии