Дун ургъалилъ вуго

Рак1 бакъвалеб буго,къваридго буго,
Кинабго зулмулъун угьдилеб буго.
Бидул х1алцен дагьлъун агълъулев вуго,
Дунялго рихун дун вас-васалъ вуго,
Дур ургъел рек1еда бигъун буго дир.

Балагье,х1анч1ицин ч1иргъи-хъуй лъуг1ун,
Куркьбал г1одор ричан пикрабалъ руго.
Рорхатал гъут1бузул г1аркьалабазда,
Г1умру сог1аб бач1ун къваридго руго,
Дур ургъел рек1еда бигъун буго дир.

Муг1рул иццал эхе г1едег1ун гьеч1о,
Г1идра харилъ т1угьдул реч1алел руго.
Рорхатал кьураби макьида руго,
Рохьазулги рах1ат х1алхьараб гьеч1о,
Дур ургъел рек1еда бигъун буго дир.

Гъунел т1амхал г1адин т1олго соналги,
Т1аса унел ругин рак1 пашман гьарун.
Гьанже дун вич1ч1улев гьеч1о,
Валъаргъулев вуго мац1ихъабаца,
Дур ургъел рек1елъа билун вуго дун.
                2003 сон


Рецензии