Соназул зигарди
Жугьабазул мухъал хъван лъолел руго.
Рек1ел бух1иялъул х1ухьелги угьун,
Ургъелал рикьизе къасд лъолеб буго.
Лъаларо,кин дуца дица хъваралъе,
Къимат кьезе бугеб кагъат ц1алидал?
Кидаго дур адаб ц1унизе бокьун,
Бит1улеб рисалат сурун бихьуге.
Соназул зигарди,заманалъул х1ал,
Х1асрат бергьаразда бич1ч1улеб г1адат.
Г1ищкъуялъул къуват,къадруялъул сси,
Къайислъи бихьараз рек1елъ бекьулин.
Рокьул ц1а бакараб каранзул угьди,
Кагътиде чучунин г1айибал ч1ваге.
Г1умру дуе кьезе бокьарав дие,
Дуг1адул аманат дуцаги бит1е.
1997 сон
Свидетельство о публикации №226091900584