Г1адамал рокьизе бокьун буго дий

Г1адамал рокьизе бокьун буго дий,
Бит1араб бицани,цох1о г1иллаялъ.
Рах1ат толеб гьеч1о х1акълъун абуни,
Х1ажат гьеч1ев ватун вуго к1алъалев.

Гьудулзабаз дида бич1ч1изабуна,
Зодор ругел ц1ваби,ц1орорал муг1рул,
Г1ат1идал авлахъал,хъудулел г1орал,
Дудаса хириял рук1унин нижей.

Рохьазул зигарди,сардил берцинлъи,
Бокьула диеги дагьабги ц1ик1к1ун.
Дида ч1алг1унаро г1адамазул сас,
Сог1аб бугониги бат1алъи гьеч1еб.

Бич1ч1уларо кинго кинан г1адамал,
Г1умру берцин гьабун рук1унарел щай?
Рек1ел жах1даялъул лъаралгин,иццал,
Инсанасе киса гьадиг1ан г1емер?

Г1адамал рокьизе бокьун буго дий,
Бац1ц1адаб,х1асратаб нигатги гьабун.
Гьелъие къуват кье,Къудратав Аллагь,
Дун гьелъие гьанже х1адурав вугин.
                1996 сон.


Рецензии