Авариялде ккарал муг1алимзабазе 1977 сон
Зобал муг1рул т1огьазда т1аде раччараб.
Рукъзабахъ маг1ирукъ т1олгояз лъураб.
Т1аде щвана балагь гурх1ел гьеч1ого
Росдал лъималазе канлъи-лъай босун,
Г1едег1ун рач1унел муг1алимзаби,
Муг1рул нухалъ къор гъун гъоркье рортана,
Рак1 лъукъараб хабар х1инч1лъун боржана.
Муг1алим-гьев ккола канлъи бикьулев,
Какги,алфавитги цадахъ бачунев.
Т1ок1ал нилъгун гьеч1о,амма муг1рузда,
Гьезул ахирисеб свери к1оченч1о.
Гьороца хъамурал т1амхаллъунги ун,
Т1анчал,масъалаби хьулалъ хут1ана.
Т1угьдузул,ц1вабзазул бицине тараб,
Рек1ел къасдалъ даим гьезул хут1ана.
Гумбет къварид буго,сверухъ сих1къот1и,
Рамкабахъ суратал,сси бугел т1угьдул,
Ссудулел рак1азул угьди-зигарди,
Зах1матаб нухалъул ахираб сурат.
Хабал гамач1 гуро гьезий къимат кьей,
Лъимал руго нуг1зал муг1алимазе.
Гьел ч1аго ругог1ан хьулал,анищал,
Рак1азулъ хут1ила хвел гьеч1ел ишал.
Гьезул хат1-тетрадахъ,рек1елъ-формулал,
Дарсазда рик1к1арал х1асратал куч1дул,
Гьел ана,амма гьезий нуг1лъун кидаго,
Доб бакъанил сог1аб хут1ила сурат.
Доб балагьаб кьодул малаикзабаз,
Бичанте гьабизе гьезие дуг1а.
Нилъеца ц1унила т1олгоязул ц1ар,
Гурх1ел-рах1муялъул ах1илъун ч1езе.
Дир,г1агараб Гумбет,къадар щварал гьел,
Къабул гьарун рукъе адабалдалъун.
Алжанул агьлулъун гьаре гьел,Аллагь,
Гьезул къисмат нилъгун бук1ина цадахъ.
Рах1атаб х1алхьуда кьижун рук1а нуж,
Кьог1аб къисматалъул къадар босарал.
Къин гьеч1еб иццул лъим-рек1елаб хинлъи,
Хабалъ нуж лъунилан лъуг1изе гьеч1о.
Муг1рул хаслъи ц1унун чвахулел иццаз,
Зобазда роржунел даимал ц1умаз,
Жакъасел наслабаз,г1ага-божараз,
Ц1ар нужер азарц1ул ах1ила жеги.
Аллагьас мунагьал чураги киназулго! Амин!
Свидетельство о публикации №226091900986