Насих1атаб калам

Цоцазул адаб гьеч1еб ригьин к1варич1о,
Цоцаде рогьо балеб г1умру к1варич1о.
***
Г1умрудал къимат гьабун къадру цоцал ц1унани,
Къисматалъул рах1атхвей бихьи щакаб жо буго.
***
Гьит1инаб к1одо гьабун к1алзул зигар ц1ик1к1ани,
Зарал т1аса унаро, ургъалилъе нилъ ккола.
***
Воре нуж цоцалъ урун киданиги рук1унге,
Унтаби г1емерлъула, г1узрабаз черх к1век1ула.
***
Пайда гьеч1еб ч1ух1иялъ ч1урх1ула нилъер г1умру,
Г1адамаз к1алуд рахъун росулъ суризарула.
***
Сундулъго г1едег1уге,г1акъиласухъ г1енекке,
Г1умру к1иц1ул кьоларо,кьуралда рази рук1а.
***
Г1адамазул гаргар-гьелегьараб ц1а буго,
Ц1одорго бице раг1и г1адан рази гьарулеб.
***
Лъимал бесдал гьарулеб гьоркьоблъи г1уц1ич1ого,
Г1адилаб нухда хьвадун т1убазабе дурго борч.
***
Г1узраби камурав чи ракьалда вижун гьеч1о,
Гьоркьоблъи лъик1аб хъизан-адаб цоцал ц1унараб.
***
Раг1и бугеб рокъоб ригьин ч1оларо,
Рак1 бащалъун рук1а баркат бук1ине.
***
Г1умрудал къимат гьеч1ел гьанже г1емерлъун руго,
Г1антал х1аялги г1уц1ун г1умру бух1улел руго.
***
Хъизамалъул г1айибал г1адамазе гьурщани,
Дур къадру борхуларо,бугебги хвезабула.
***
Росасе къадру щола лъадул къимат гьабуни,
Лъимал тарбияги кьун г1умрудалъ т1орит1ани.
***
Ч1ужу хъач1ай йигони хъизан-лъимал сог1лъула,
Сахаб яшав лъунаро,ригьин-ц1а бихун уна.
***
Лъик1аб раг1иги бицун г1умру г1уц1изе лъани,
Г1адамазе мисаллъун рук1ина нуж кидаго.
***
К1ал г1емерав вохун жеги  дида вихьич1о,
Г1емераб раг1удаса рак1 бохулеб хабар лъик1.
***

Лъик1аб г1емер раг1ула,г1аксияб бищун ч1ола
Беццал рак1ал гвангъизе иман ччобораб кьеги.
***
Ч1ужу г1акъилай щвани хъизан щулияб лълъуна,
Щакдари г1емерлъани рукъалъул къед биххула.
***
Инсуда малъарулев васги к1верич1о,
Раса чорокго толей ясги к1верич1о.
***
Лъади квешай кканани кинабго мекъса ккола,
Квер к1обок1унилан килщал т1аса унаро.
***
Жакъа г1емераца г1арац сабаблъун,
Г1умру кьог1лъиялъе нухал ратула.
***
Мац1ал гьарулезул сиях1 ц1ик1к1араб,
Бач1ун буго г1асру нилъехъ гьоболлъухъ.
***
Т1ирун ч1ей г1умрудал нухлъун бищарал,
Хадур инагьдула г1айибал рич1ч1ун.
***
Малъаралъухъ г1енеккун г1умру т1амизе лъани,
Т1абиг1атги лъик1лъула г1узрабиги лъуг1ула.
***
Рос лъади цолъич1они,цоцал адаб танани,
Талих1 къола рукъалъул,къварилъаби ц1ик1к1ула.
***
Цоцалъ гьуинлъи гьеч1еб  воре гьабуге ригьин,
Гьит1инаб к1одо гьабун цоцалъ жах1да гьабуге.
***
Малъараб гьабуни мекъса кколарин,
Кици гьеч1ищ нилъей мисаллъун тараб?
***
Беццаб даран гьабуге-гьелъул хайир кколаро,
Квешав гьудуллъунги ккун гьалмагълъи балагьуге.
***
Бит1аралда божуларел жакъа г1емер дандч1вала,
Г1адамалги ралъаргъун гъвалгъва гьабизе лъалел.
***
Гьуинаб мац1алдаги загьруяб хеч батулеб,
Бицулеб анкьц1ул борце бот1рой рах1ат бук1ине.
***
Багьана батизе ц1акъ бигьаяб жо буго,
Башлагъуге нужоца чияр рокъоб бихьараб.
***
Раг1и бице бак1 бихьун,ургъел бикье чи вихьун,
Умумуца нилъее нахъа тараб хазина.
***

Г1акъилав мун ватани раг1ул г1омо гьабуге,
Г1адамаца г1абдалин квер хьваг1ун толевин мун.
***
Раг1абаз лъураб ругъун г1умруялъ сахлъуларо,
Раг1изе бокьулареб бицине нигат ккоге.
***
Сабру гьабуразе к1удияб пайда щола,
Гьелъул къимат гьабурав мекъса  кколаро.
***
Ч1ужуялъул бечелъи х1ал рекъон йик1ин буго,
Х1акъаб малъи буго гьеб гьелъул къимат лъалезе.
***
Бица-бицаралда хадувги лъугьун,
Хиянатал нухал т1аса рищуге.
***
Лъик1лъи гьабизе лъарал ахиралда рохула,
Рах1атаб г1умруялда г1адамазулъ хут1ула.
***
Т1екъалда т1ад рекъарас къадру г1одоб рехула,
Г1адамаца квер хьваг1ун квешалилан ц1ар ч1вала.
***
К1алалъ лъик1абги бицун,квешаб рек1елъ ц1унани,
Пасикъилан ц1арги ч1ван нахъч1вала мун г1адамаз.
***
Г1айиб бугеб мехалъ гьелда т1ад рекъей,
Г1амал мукъсанлъулеб даража буго.
***
Мунагь камурав чи киса вахъилев,
Кинабго камилал киса рахъилел?
***
Нилъерабгоги бахчун чияраб гьурщи,
Чанасул г1амалалъ т1алаб гьабулеб?
***
Мац1алъул балагьалъул багьа хирияб буго,
Бицине х1ажат гьеч1еб гьурщуге дуца къват1иб.
***
Хвалчаца къот1ич1еб мац1алъ къот1улин,
Къойилго раг1улеб калима буго.
***
Къадру цоцал ц1унулел росгин -лъади ругони,
Талих1 бугеб къавуда къулкъул дагьаб бук1уна.
***
Кидаго нодо бук1к1ун г1умру унеб бугони,
Ургъелал г1емерлъула,г1азабаца квек1ула.
***
Квешаб тезе тавпикъ кьун хъизан-лъимал хут1аги,
Лъик1аб кквезе г1акълу кьун таги нуж бусурбаби.


Г1амал к1одолъиялъ Г1адамил лъимер,
Г1умру хвезабизе ругьун гьавула.
***
Гьаб г1умрудал къимат гьабизе лъач1ел,
Лъим гьеч1ого гьобо х1алт1изабулел.
***
Раг1и гьуинаб бицун гьабе хъизан -рукъ,
Хъач1аб г1амалалъ г1умру сог1аб гьабула.
***
Ч1ух1иялда цадахъ х1акъирлъиги бук1уна,
Х1ал рекъон ругонани рукъалъул къед бохула.
***
Ццидай бокьараб гьабун г1умру т1амуни,
Т1абиг1ат сог1лъула,сонал дагьлъула.
***
Бицун кант1уларев бихьун кант1улин,
Кици буго нилъей умумуз тараб.
***
Г1ебуялда зар баге,зазида х1ет1е ч1оге,
Х1акъаб калима буго кицилъун жиб х1алт1улеб.
***
Дурго г1айибал рихьи рек1елъа хъамунани,
Рукъалдаса баракат къот1улеблъи к1очонге.
***
Къад гьабураб бихьулеб,къаси гьабураб раг1улеб,
Гьеб к1очон хьвадарасе г1умрудалъ бит1 кколаро.
***
Ригьинги,ригьги ургъун гьабейилан,
Бицунеб раг1ула г1емер нилъеда.
***
Ч1ужуялъул щакдари-росасул г1айиб буго,
Цоцалъ рекъон ругони рек1ел хвеял лъуг1ула
***
Чияр сурукъ бихьараб дуцаго гьабугеян,
Дида г1емер раг1ана дибирасул насих1ат.
***
Г1елму дагьав г1алимчи росугун къацандула,
Рикьи росулъ ккезабун квешлъиялда вук1уна.

                2026 сон


Рецензии