Жабраг1ил Х1асанов-х1икматав шаг1ир
Г1умруялъ к1век1арав бакълъухъазул вас.
Дур къисмат бихьидал бич1ч1ана дунял,
Дур шиг1ру ц1алидал лъана Дагъистан.
«Рек1ее вокьарав ракьулъе индал»,
Лъукъарал рак1азул сиях1 ц1ик1к1анин.
Ц1орорал пикрабаз,бак1аб асаралъ,
Бакълъухъазул хабал т1амулин цере.
Г1азабаз к1век1араб т1огьолаб г1умру,
К1веч1ин дур унтуе дару батизе.
Дуца нахъе тарал т1олго асараз,
Аза-азаразе гьабуна кумек.
Аллагьас кьуралда разилъич1огун,
Рорч1изе бак1 гьеч1о къадаралдаса.
Къоял нахъе ругез пикру гьабизе,
«Пашманаб къиса» гьес теч1ищ нилъее.
Лъик1ав шаг1ирасул рек1ел жугьаби,
Жавгьар-якъуталъул къиматлъун ч1ола.
Къоязул зигарди,зах1матаб къисмат,
Маг1арул шаг1ирас цадахъ бачана.
Бакълъухъ т1алъиялда кунч1араб ц1валъун,
Коч1ол гъаситода хут1ана дур ц1ар.
Хирияб Дагъистан,мун вижараб ракь,
Хасаб рокьиялда рехсана дуца.
Дуе къимат кьезе пагьму кутакав,
Поэт гьеч1ониги к1алъалев вуго.
К1удияб адабгун бокьун буго дий,
Бакълъухъ росуялъе баркала кьезе.
Рах1атаб алжан кьун Бет1ергьанас мун,
Рек1ее бокьухъе даимго таги.
Рах1матал т1ок1ал кьун вохизавеги,
К1иябго рукъалъул баракат щваги.
Дир рахъалъан дуг1а камизе гьеч1о
Радалги,къасеги, дуе Жабраг1ил.
Дур къимат гьабулев,лъик1аб гьарулев,
Диналъул вац вуго хьиндал росулъа.
Свидетельство о публикации №226110401548